АЛЛАГЬАС МУНАГЬАЛ ЧУРАЙГИ.с.СИУХ ХУНЗАХСКОГО Р-НА.

Описание к видео АЛЛАГЬАС МУНАГЬАЛ ЧУРАЙГИ.с.СИУХ ХУНЗАХСКОГО Р-НА.

РОСДАЛ ТАРИХАЛДАСА ЦО-ЦО ХIУЖАБИГИ БАЯНАЛГИ

*
Гьанжесеб Сивухъ росдае кьучI лъун буго 1410 соналда Иманил ГIумар абулев чияс.

*
1770 соналда Аваристаналъул хан МухIамад нуцалил вас Гебек гIумру гьабизе Сивухъе вахъун вуго. Ханзабаз рукIел ккураб росу хIисабалда, Хунзахъ росдадаса хадуб къадруяб бакIлъун рикIкIунеб букIун буго Сивухъ.

*
1921 соналъул марталда БагIараб Армиялде данде рагъулаго чанго къоялда жаниб 62 чи чIван вуго Сивухъ росулъ.

*
Сивухъ Советияб власть гIуцIун буго 1921 соналъул 25 марталда. ТIоцересел партизаналлъун рукIун руго Сайгитов МухIамад, МухIамадов Тажудин, ГIусманов Зубайир.

*
1928 соналда Сивухъ гIуцIун буго кандидатская партгруппа. Гьелъул секретарьлъун ГIабдулаев МухIамад, членаллъун Умалов МухIамад, СайгидмухIамадов МухIамадгъази, ХIайдарбегов КъурбангIали рукIун руго.

*
Гьелго соназда гIуцIун буго комсомолазул къукъаги. Гьелъул секретарлъун Мусаев МухIамад, членаллъун ГIабдулатIипова ПатIимат, Юсупов Мухтар, НурмухIамадов МухIамад, МухIамадов ИбрагьимхIажи, Расулов Сахратулагь рукIун руго.

*
1930-1935 соназда Сивухъ ракьалги гIи-боцIиги дандбан колхоз гIуцIун буго. Гьелъул тIоцевесев председательлъун ГIамирмухIамадов Хочбарги бухгалтерлъун ГIакъилов КъурбангIалиги рукIун руго.

*
Гьелго лъеберабилел соназул авалалда Сивухъ рагьула росдал совет. Гьелъул тIоцевесев председательлъунги ГIабдулаев МухIамад вукIана.

*
Росдал учитель ХIажиев Набил хIаракаталдалъун 1930 соналда Сивухъ байбихьун школа рагьана. Гьеб школалъе мина бана 1932 соналда. 1947 соналда школа лъугьана анкьго сонилаблъун, 1964 соналда – микьгосонилаблъун.

*
1951 соналда Сивухъе бачIана электрикалъул канлъи.

*
1966 соналда росулъ бана тукеналъе хасаб мина.

1

Алиев Магомед

Комментарии

Информация по комментариям в разработке